Текст песни:
Щаяли лъаларо дур телефоналъ
Чанц1улго кьураниги кьоларо жаваб
Кинали лъаларо дур гьудулзабаз
Гьанив вугин абун гьеч1о бицунеб
Мах1ачхъалаялъул ч1ух1арал къват1ахъ
Тирулей йиго дун мун валагьизе
Духъ рокьи вихьизе щвелародаян
Шагьаралда щвеч1еб бак1 толеб гьеч1о
припев
Гьаб рокеьиялъул кьог1лъи
Кьуркьудула гьинал рак1
Балаялъул балагьлъи
Ссун унеб буго канлъи
Берцинай щайзе мун г1одулеян
Г1анч1ал васал руго дида гаргалел
Г1олилай щиб дуе лъугьарабилан
Къот1нор данде ч1вараз буго гьикъулеб
Гьудул гьаб г1адатаб маг1у гуро дир
Рек1елъан бец1ц1улеб рокьул би буго
Каранда угьдулеб дир рак1 гуро гьаб
Бесдаллъун хут1араб дир балай буго
Слова песни прочитаны: 4665
Комментарии (0)